Текст песни Руслан Гасанов — Потерянная любовь
Кинаб гIазу бараб дур гIамалалде
ГIажаибго цIорон йихьулей йигин
Кинаб гьури пураб гьинал рекIеде
Гьогьен бугин гьанже нилъеда гьоркъоб
Лъаларо щиб ккараб, кин нилъ риларал
Гьадин рикIкIалъизе ракIаз кин тарал
Къохода рекIараб цайищ гьаб рокьи
Къурдаса тун араб гьецIойищ рокьи
Бице дур пикрудал аслияб канлъи
Кинаб гордо цехон боржунеб бугеб
Бице анищазул кинида аской
кинай бика тарай гьеб кIибикIизе
ГIажаибго цIорон йихьулей йигин
Кинаб гьури пураб гьинал рекIеде
Гьогьен бугин гьанже нилъеда гьоркъоб
Лъаларо щиб ккараб, кин нилъ риларал
Гьадин рикIкIалъизе ракIаз кин тарал
Къохода рекIараб цайищ гьаб рокьи
Къурдаса тун араб гьецIойищ рокьи
Бице дур пикрудал аслияб канлъи
Кинаб гордо цехон боржунеб бугеб
Бице анищазул кинида аской
кинай бика тарай гьеб кIибикIизе
Текст добавил: Андрей Курышев



